View in Telegram
Forwarded from ПУТЬ МУЖЧИН
МУНАФИКЪАЗЕ ЖАВАБ Чингисханил халг1атгун Халифа жив вугилан Халкъалъе х1инкъи кьолев Х1алакъав Ах1мад вуго. ЧИНГИСХАНИЛ Т1АНЧ1АЦА КИГ1АН БУГЬТАН ЛЪУНИГИ АЛЛАГЬАС К1ОДО ГЬАВУН ХАЛКЪАЛЪЕ ХИРАЛЪАНА Кодоб г1ансаги босун Г1адамалги рак1арун К1удияв жив вугилан К1алал гьикъулев вуго. АВАРАГАС ﷺКИННИГИ Г1АДАМАЛГИ РАК1АРУН Х1АКЪАБ КАЛАМ АБУЛЕВ НЕЖЕР МУФТИЙ ГЬЕВ ВУГО К1алдибе бач1анщинаб Чорокаб раг1и абун Г1алимзаби какизе Г1абдалги т1амун вуго. ГЬЕСДА ДАНДЕ РАХЪАРАЛ ЧОРОКАБ КЪАВМАЛЪУЛ МАЦ1 Г1ОДУЛЕЛ РУГО ГЬАНЧИ БАШИР Ч1ЕЗЕ ГЬАВЕЯН БАШИРИЦА АБУЛЕБ УНТУЛЕБ БУГИЩ ЧУРУК? АЛЛАГЬАС Т1АМУН ВУК1ИН ГЬАЛДА НУЖ КАНТ1УЛАРИЩ? Бегавулзаби ах1ун Имамзами рак1арун Амру буго гьабулеб Байг1аталъе рач1аян ИМАМЗАБИГУН ЦАДАХЪ БЕГАВУЛЗАБИ РАЧ1ИН ГЬЕЗ ЦАДАХЪ К1ОДО ГЬАВИ ЗАХ1МАЛЪАРАБИЩ Т1АНЧ1АЛ? Т1олалго районазде Вакилзабиги рит1ун Росаби мук1ур гьари Гьанже буюрухъ (приказ) буго. Т1ОЛАЛГО РАЙОН РАЧ1ИН ЦАДАХЪГО К1ОДО ГЬАВИ ГЬЕЛ МУК1УРЛЪУН РАТИДАЛ ИБЛИС Г1АДИН Ч1ИЧ1ИДЕ Мук1урлъич1ев шинав чи Мунафикълъунги гьавун Гьезда зулму гьабизе Гьвабиги т1амун руго. МУК1УРЛЪИЧ1ЕВ ШИНАВ ЧИ ГЬАБИ Г1АДИН Х1АПТЕЗЕ Т1АМИЗЕ БАЖАРАНИЩ ДИН БИЧАРАЛ АВАРАЛ? Гьанжелъиг1ан рик1инч1ел Жамаг1атал рак1арун Жиндийго рец- бакъалье Мажлисал лъолев вуго. КИНАЛГО ДЖАМАГ1АТАЛ КИДАГО ЦАДАХЪ РУГЕЛ МУНАФИКЪАЛ РАККИДАЛ ДАГЬАВГИ ХИРАЛЪАНА Жиндир х1ал лъалеб бук1ун Рик1ад ч1арал росаби Х1укумат т1аде т1амун Мук1ур гьарулел руго ЛЪАБАВГО ИМАМАСУЛ Х1АЛ БИЧ1ИЧ1ЕЛ РОСАБИ МУНАФИКЪАЛЛЪУН АНА ГЬАЛДАГИ КАНТ1Е КУТУЛ Ругел бак1цин ц1ехеч1ел Ч1ах1иял г1алимзаби , Х1алалда толел гьеч1о Жив вецизе кколилан. МУФТИЯСЕ МУТ1ИГ1ЛЪИ ЖОДОР ГЬЕЧ1ЕЛ Г1АЛИМАЗ Г1ЕЛМУ Х1АТ1ИКЬ ГЬАБУНА ФИТНАЯЛДЕ ХАЛКЪ Ц1АНА Киназдаго вич1идал Ч1алг1ун жив рехун тедал Жиндаго рихаразда Гьардезе т1амун вуго. ДИН ЖОДОЦА БИЧАРАЛ МУНАФИКЪЗАБИ ЛЪАЙДАЛ КУТУЛ КИННИГИ ЦАДАХЪ ЦОЙИДЕ РАК1АРАНА Гьеч1еб къадруги босун Сверун чукъби рак1арун , Чара хведал хан г1адин Халкъ балъаргъулев вуго. АДАМ АВАРАГАСЕ КЬУРАБ КЪАДРУ Х1ЕХЬЕЗЕ К1ОЧ1ЕБ ИБЛИС Г1АДИН Ч1ИЧ1ИДЕ КЪОЙИЛГО ЭБЕЛГ1ОДАД Рахъ- рахъалде чапарал, Чиналги кьун рит1ула. Т1арикъат жиндихъ бугин Жив гурев шайих гьеч1ин. РАХЪ- РАХЪАЛДА РАК1АРУН ДИН БИЧАРАЛ АВАРАЗ Т1АРИКЪАТ БИХХИЗАБИ МУРАДЛЪУН ЖОДОЦ ККУНА Гьанже жинхъе гурони Инеги бегьуларин Арав нагагь ватани Тавбу гьабун вуссаян. ДУНЯЛ ЖИНДИХЪ Х1АЙРАНАВ МУФТИЯСУХЪ ГУРОНИ КИРЕ НИЖ РАК1АРИЛЕЛ БЕТ1ЕР БАКЪВАЯВ АХ1МАКЪ Вуссине Мун кват1ани Вагьабияв вахъунин, Яги мунафикъ лъугьун Къосарав чилъун колин. ВАГЬАБИЯЗУЛГУН ЦАДАХЪ НОЖОР НУХАЛ ЦОЛЪАНА МУНАФИКЪЗАБАЗУЛ КЪОР ЦОЙИДЕ БАК1АРАНА Къут1буясул халг1атги Халифасул печатги, Кинабго жиндихъ бугин, Живги нужор хан вугин. КЪУТ1БУЯСУЛ ХАЛГ1АТГИ КЪУТ1БУЯСГО БИТ1АРАБ ГЬЕЛЪУЛ НУГ1ЛЪИ ГЬАБУРАЛ КЪУТ1БУЯСУЛ ВАСАЦА Халикъасе мут1иг1лъи Жиндий мут1иг1лъи бугин Жиндир раг1уй гурони, Г1амалги бегьуларин. Т1АД РУГЕЗЕ МУТ1ИГ1ЛЪИ ХАЛИКЪАСЕ МУТ1ИГ1ЛЪИ БУК1ИН ЖОДОД ЛЪАЛАРЕЛ НУЖГО КИСА КИНАЛ ЖАЛ? Гьедин ах1долев вуго Уматалде х1алакъав Гьесул ах1и раг1арал Г1адамлги камилиш? Т1АД РУГЕЗЕ МУТ1ИГ1ЛЪЕ АХ1УЛЕВ АЛЛАГЬ ВУГО ГЬЕБ АХ1И РАГ1УЛАРЕЛ Г1АДАМАЛГИ КАМИЛИЩ? Г1адамал ралъаргъизе Балъгояб сих1ирлъиги, Х1алихьатаб г1амалги Рекъон досухъ бугелъул. Г1АДАМАЛ РАЛЪАРГЪИЗЕ ГЬУНАР БУГЕЛ ТУШБАБИ ВАЛИЯСДЕ ГОРОНИ ЛЪИДЕ НОЖОЦ К1АЛ БАЛЕБ Рец- бакъалъул хиралъи Халкъалдаго загьираб, Ралел шапакъатазул Къот1иго жиндий гьеч1ев ИМАМ ШАМИЛЬ ВЕЦЦАРАЗ ВЕЦЦИЗЕ ВУГЕВ МУФТИЙ РАЛЕЛ ШАПАКЪАТАЛГИ РАЗЕ РУГЕЛ КИДАГО Жинца попасда цебе Бет1ер г1одоб къуларав Мустах1икъав вугилан Гьесул ч1ух1буз ах1арав. ИМАМ ШАМИЛГО Г1АДИН БУСУРБАБИ ГОРЕЗГИ ПОПАЛ ВА ЦОГИ БУТ1РУЗ К1ОДО ГЬАВУЛЕВ МУФТИЙ Ч1ужуялъул квершаликь Кинабго амру кьурав Амирул муъминилан Жиндаго живго ккарав. АВАРАГﷺ РОКЪОВ ВАЧ1УН СОРОДИЗЕ ЛЪУГЬИДАЛ АМРУ КОДОБЕ БОСУН Ч1УЖУЯЛЪ КУМЕК ГЬАБИ ГЬАЛДАГИ Г1АЙИБАЛ Ч1ВАЙ К1ОЛЕБ НОЖОД БАТАНИ Жинца дуниялалъухъ Динул ислам бичарав , Биччасул рах1матги тун Хъулухъ т1аса бишарав. ЖОДОЦА ДИН БИЧАРАЛ ДИНУЛ ИСЛАМ ЛЪАЛАРЕЛ БИЧАСУЛ РАХ1МАТГИ ТУН МУНАФИКЪЛЪИ БОСАРАЛ НОЖОР РАК1АЛ РИХЪАНА ЖАХ1ДАЯЛЪ ПАСАЛЪАНА
Love Center - Dating, Friends & Matches, NY, LA, Dubai, Global
Love Center - Dating, Friends & Matches, NY, LA, Dubai, Global
Find friends or serious relationships easily